КIал биччаялъул сахI тIадаблъун гьабуна гьиджрияб тарихалъул 2леб соналъ. Гьебго соналъ тIад гьабуна кIалги. Гьеб тIад гьабиялъул хIикматги, нафсалъе бацIцIалъи ва лъикIаб гIамалалъе цIобай буго. Гьединго гьелъулъ кIалалда жаниб ккараб жагъаллъи бацIине гьабиги буго, какилъ сагьвилъиялъул суждаялда релъон.
СахI бахъиялъул гIужал
1) Бегьулеб гIуж: Рамазан моцI байбихьаралдаса
2) ТIалъулеб гIуж: Рамазаналъул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьаралдасан байбихьун.
3) Хирияб гIуж: ГIидалъул къоялъул рогьалил какдаса хадуб, ГIидалъул как байзегIан.
4) Карагьатаб гIуж: ГIидалъул какдаса хадуб, бакъ тIерхьинегIан. Кинниги какдаса нахъ бахъиялъулъ карагьалъи гьечIо, цIикIкIун хIажатав чи вачIиналъухъ балагьун чIун ругони. ГIуж тIаса инчIебгIан заманаялъ.
5) ХIарамаб гIуж: ГIидалъул къоялдаса нахъе бахъани. (ай бакъ тIерхьун хадуб).
КантIизари:СахI бахъараблъун рикIкIуна, ниятги гьабун мустахIикъаб агьлоялъухъе швараб мехалъ. Гьединго тIалъулеб гIуж швелелде сахI бахъулеб бугони нияталде тIаде “цудунго” абураб рагIи абизе ккела.
читать далее →